Vibrio cholerae

Vibrio cholerae
Vibrio cholerae
Vibrio cholerae, ТЭМ
ГӀелмияб классификация
Халкъаздагьоркьосеб гӀелмияб цӀар
Vibrio cholerae Pacini 1854

Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 301: Функция для отображения значения не найдена..

Холераялъул вибрион (Латин: Vibrio cholerae) буго грам-негативиял факультативиял анаэробиял бактериязул цо навгӀ, жидер форма вибрионалъул, ай кӀичӀтӀанкӀалъул бугел.[1] Гьезул тӀабигӀияб рукӀелаб бакӀ буго бацӀцӀадаб яги цӀамгӀалаб лъелӀ, гьенир гьел бигьаго рекӀуна крабазул, каридеязул ва цогидал моллюскабазул хитиналъул панциразда. V. cholerae-ялъул цо-цо штаммал руго инсанасе патогениял, гьез лӀугьинабула хвалилаб унти — къавуда, жиб релъинаричӀел яги релъинчӀел ралъдал рухӀчӀаголъабазул гьан квиналдасан бахунеб.[2]

V. cholerae тӀоцебе сипатинабуна Феликс-АрхимедоПушеца 1849 соналъ протозаязул цо тайпа хӀисабалда. Филиппо Пачиница битӀун баян гьабуна гьеб бактерий хӀисабалда, ва гӀелмияб цӀарги щвана гьесдаса. Къавудаялъул гӀилла хӀисабалда гьеб бактерий рагьана Роберт Кохица 1884 соналъ. Самбху Натх Деца тӀоцебе щвезабуна холераялъул токсин ва гьеб сабаблъун унти лӀугьунеблъи чӀчӀезабуна 1959 соналъ.

Бактериялъул буго рачӀчӀел цояб полюсалда ва чанго расал къотӀеллъиялъул кинабго тӀасалъиялда. Гьел гьабула респираторияб ва ферментативияб метаболизм. КӀиго серогруппа, жидер цӀарал O1[3] ва O139[4] бугел, сабаблъун багъаруна къавуда. Инфектинаби лӀугьуна аслияб къагӀидаялъ бактериял рахараб гьекъолеб лъедасан, гьединлъидал хурхарабги буго санитациялда ва гьигиеналда. ЧорхолӀе ккедал, гьеб уна бакьазул мукозияб хъалалӀе, лӀугьинабула жиб бахарала гӀадамазе диарея ва лагӀдей 2–3 сагӀаталдаса щуго къоялде щун заман иналде. Пероралиял регьидратациониял журанжали ва антибиотикал, фторхинолонал ва тетрациклинал гӀадал, ккола къавуда сах гьабиялъул тӀиритӀарал методаллъун.

Холераялъул вибрионалъул буго кӀиго горлъараб ДНЦӀ. Цояб ДНЦӀ-ялъ продукатинабула холераялъул токсие (CT), протеин, жинца лӀугьинабулеб цӀикӀкӀараб лъимхӀалаб диарея ("пиринчӀалъул лъимгун стул" хӀисабалда лъалеб).[5] Амма ДНЦӀ-ялъ токсин битӀахъе кодинабуларо, щайгурелъул холераялъул токсиналъул ген босунинабула CTXphi-ялъ (CTXφ), рекъараб бактериофагалъ (вирус). Бактериалияб ДНЦӀ-ялъулӀе ккедал вирусалъ гьабула гӀицӀго токсин.

  1. ^ "Laboratory Methods for the Diagnosis of Vibrio cholerae" (PDF). Centre for Disease Control. Щвей 29 October 2013. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  2. ^ Lutz, Carla; Erken, Martina; Noorian, Parisa; Sun, Shuyang; McDougald, Diane (2013). "Environmental reservoirs and mechanisms of persistence of Vibrio cholerae". Frontiers in Microbiology. 4: 375. doi:10.3389/fmicb.2013.00375. ISSN 1664-302X. PMC 3863721. PMID 24379807.{{cite journal}}: CS1 maint: unflagged free DOI (link)
  3. ^ NCBI: Vibrio cholerae O1 (serogroup)
  4. ^ NCBI: Vibrio cholerae O139 (serogroup)
  5. ^ Harris, Jason B.; LaRocque, Regina C.; Qadri, Firdausi; Ryan, Edward T.; Calderwood, Stephen B. (2012). "Cholera". Lancet. 379 (9835): 2466–2476. doi:10.1016/S0140-6736(12)60436-X. PMC 3761070. PMID 22748592.

Developed by StudentB